Дида лъалеб батичIо, Дун ханасул яс йикIин
Макъамалде вахуна.
Дуда цIар лъазе бокьун,
Урхъун руго гIадамал
.
Дида лъалеб батичIо,
Дун ханасул яс йикIин,
Хивалалъцин букIинчIо,
КIалгIа дихъе щвелилан
.
Я гьудул дур къварилъи,
КъваригIун гьечIо дие.
Рокъой лъади ятани,
Дун нахъегIаги йитIе.
Абурай дур ятани,
Накалда хъурщун ина.
Васал гIемер ругилан,
Мун дий теян гьаризе.
Дида лъалеб батичIо,
Дун ханасул яс йикIин,
Хивалалъцин букIинчIо,
КIалгIа дихъе щвелилан.
Гьандихъги лъалхъиларо
Къах1ие яч1инаро,
Ханасул кIалгIаялъуй
Хъазаралда рещтIина.
Я гьудул дур къварилъи,
КъваригIун гьечIо дие.
Мун бихьинчи ватани ,
Дун духъ йигилан абе!
Свидетельство о публикации №113111703265