и после 30 в ролях

 Районго кIалъана,
 Дихъе берцинав.               
 Дуда цIар щибилан,
 Тухум лъилилан.
               
 ГIинда зузуй буго,
 Гьалмагъзабазул.
 Гьандихъе вачеян,
 Гьудул вихьизе.
 
 Ясазул биценги,
 Гьезул къиматги.
 Къойилъе ккелалде,
 Гурищ бук1унеб;
 
 Лъеберго баниги,
 Къадру бахине.
 Дун азий ханасул,
 Бахуйищ кколей.

 Хвезе г1ан дидани,
 Нуж релъунаро.
 Рагьиларо дица,
 Рек1ел кавуги.
 
 Дир рокьул х1ал лъазе,
 Бокьун батани.
 Радал жиб баккулеб,
 Бакъухъ ралагье.

 Дир гьав гьудуласул,
 Гьурмахъ урхъарал.
 Къаси сордо щведал,
 Моц1рохъ ралагье.
 

 

 
 
 


Рецензии