В мыслях даже не было
МугIрузда боржунеб чанияб хъиргъу.
Росу тун къватIие къокъинарилан,
Къороллъуда инчIищ бахIараб гIумро.
Дун хъачI кIалъанагIанан, Дур цин бахъана.
Кьурун юссанагIан, РекIелъ рукъ ккуна.
Дица килищ битIун квер борханагIан,
Керен бакьулъ гула дуца речIчIана.
ГIумро кьун йохайги гьудул дур эбел,
Лъеберилъ дир гIумро тIегьазабурай,
ТIогьол бахчабаца къалъайги Къах1иб ,
Меседил гороялъ кочIолъ рехсараб.
Свидетельство о публикации №113070704667