Посвященно Динаре Залумхановой

 МугIрузул тIогьазде тIаде боржунеб,
Булбул хIанчIил гьаракь къотIун арабго.
Гьаб Дагъистаналъул цIвазбазда гьоркьоб,
 ЦIар дур балагьулей йикIунаан дун.
   
 Анлъго -анкьго соналъ сверананиги,
 Сабурал дур берал дида ратичIо.
Ясалазул парчахI дир рекIел дарман.
Кий йигей Динара Залумханова?

 Рокъоб магIо ккаги дур гьудуласул,
Квер бакъун батани дур гьаракь къине.
 Сири базабулеб сарин къотIанин,
 Рукъзаби рухIаги дуй къор гъуразул.
 
 АхIела Динара гьаракь борхун кечI, 
  Каранлъ рукъзал ккураб доб рокьиялъул.
 ТIамела берцинай цойгиги макъан,
Дур гьаркьихъ урхъарал рачIанин сардал.       


Рецензии