Эх деньги деньги

ГIарцуде иш ккедал гIолохъабаца,
 Рокьуде нуцIа къан чванта цIунула.
 ГIарцул цIар бахъидал гIолил ясаца,
 Нух битIагийилан нуха регIула.

ГIарац къваригIиндал, Тухум кьибилалъ.
 Нилъ рикIкIад гьарула, Квер хьвагIун тола.
ГIарцул  бицен ккедал, Вац яцазул цин.
 Цоцазда лъачIого дагIба къец ккола.
 
ГIарацан гIарацан  мун кIалъанани,
 КIудияв хIакимас гьумер бухIула.
Бечедасул рагьтIе гьарун анани,
 Гьесда ракIги гурхIун мун нахъ вуссуна.

 ГIарац бекьуларо гьеб баккуло,
 ГIарацуе гIей  гьечIо гьелъ гIорцIуларо.   


Рецензии