С твоим днем отец
Къват1ивехун вакке дунял бихьизе!
Лъабкъойилъан араб г1умродул завал,
Дур лъималаз кьолеб салам раг1изе!
Эмен Мун гIадинал гIолохъабаца,
Берцин гьабун буго нилъер кьурукьлъи.
Буйнаксго чIухIарав мугIрул г1олилав,
Жакъа мун Дуранги ах1улев вуго!
Мун Къадиев Шамиль муг1рул бихьинчи,
Дилъ г1аданлъи намус дуца куцана.
Дие г1олон дуца къалам кодоб ккун,
Чан хасалил сордо борч1ун батилеб?
Дуе г1умро кьеги воххун хут1аги,
Т1убаги дур рек1ел к1удияб анищ!
Базе хъван батаги дуца нусго сон,
Рукъ роц1ц1ун хут1аги даим кидаго!
Свидетельство о публикации №113061409200