После 4 месяца разлуки

 Берал рагьаралго карандаса ракI
 БатIаго лъугьана жакъа кIутIизе.
 Бицине кIолареб бицун лъалареб,
ХIикмалъи букIана жакъа черхалъул.

 Рохелгун пашманлъи цадахъ жубараб,
 Гьимигун бухьана хIалтIуде сапар.
Документал дица гелулеб мехалъ,
 Дандего гьулчана, дурги протокол.
 
ХIатIал сородана къалам бортана,
 Дидаго лъачIого дир хIал хисана.
КIочон тун букIараб, Дур берцинаб цIар.
 ЧIахIиял хIарпаца хъван буго цебе.

РекIелъ бусен бараб басрияб рокьи,
 Камри тайотаялъ цIилъизабуна.
АхIизе дир гIураб гьунар гьечIилан,
 Иразиханихъе кьуна телефон.
 
Салам кьун дудехун заман балалде,
 Мун кабинеталъув эхетун чIчIана.
 Дун дуде балагьун , Мун дихъ балагьун.
 ЦIакъго кьабгIи щвана, Гьинал ракIазде.

 ВорчIами кьуниги жаваб кьечIого,
Кьурун юссана дун чIухIиги багъун.
 ГIарац кьун букIанин гаиялдаго, 
Гьаб гъулбас дир гурин балагьана мун.
 
Цере арал къоял ракIалде щвана,
 Щаяли лъаларо дир ракI тIуркIана.
 Дуца гьикъуларо дур мурад щибан,
 Дуца абуларо рокьи бугищан.
 
Чанахъанас гIадин  гIуждаги речIчIун.
Дир гьинал рекIеде жанив лъугьуна.
 Дир берал берцинав Камалил Башир,
Зигардун пайда щиб щвечIо мун дие.
 
ГIащикъаб рокьул цIа, Багъаниги щиб
Дур гьинал ракIалъулъ дий бакI гьечIелъул.
Гьудул къисматалде данде къеркьон щай;
Къвал жеме гарбида йокьулин абун;    


Рецензии