Навруз байрам

 ГIисинан ккун балеб цIадал гьаракьалъ,
 Дун тIуркIун йорчIана рогьалил гIужалъ.
 Хур бекьизе оцал хIадур рукIана,
 ХIалае рилъине чагIи рукIана.

 Магъилъ гIадло бугеб хIайван бугилан,
 Равзанатил бугъа бищана тIаса.
 ТIолазулго мурад тIубалев инсан,
 ГIалихан вачана пурцил гIоркь кквезе.

                Исана бачIунеб гьаб сон букIаги,
Киназего нилъей гьарзалъи бугеб.
Гьуинал пихъаца тIорщелабаца,
ЦIеги нилъер хъизан щибав чиясул.

МухIуч мун нечоге цевегIан вачIа,
Бугъа нужер лъидал квегIисан балеб.
ХIажимурадица гIахьаллъи гьабе,
Квараниса базе балагье цоги.

Нужер гьаб ракьалде бухьараб сапар,
Дица цIунун тела рекIел тIиналда.
Волейболистазул къвакIи цебе чIчIун,
Чанги  сордо жеги борчIилин ккола.

Нилъер гьал гIисинал гIолохъабаца,
Жидерго яхI намус мукъсанлъун кквечIо.
Сеткаялъул тIогьир иргадул рахун,
КьабгIи щвезабула  щибаб рахъалъан.

ГIурухъа лъим баччун чIалгIун бугилан,
Асият кIалъана аздагьо гIадин.
Киналго иццазе тIаса рищизе,
Бищун цIакъал даян Гьанхъал ратана.

 Воре ,воре, воре кьея микрофон,

 Тея, тея, тея  цо дун кIалъазе.
 Изну батанани рагIи кьунани,
 Берцинаб каламалъ абилин дица.
 МугIрул иццал кьуниги нужеца гIор кьоларо,

 ГIадада гаргадуге Гьакьадерил ясал нуж.
 Лъехъ гIенеккун рукIиналъ ясал нуж тохлъун руго,
 Нужер киналго васал ЧIарадисез ун руго.
 Дой хералъул рагIичIищ, ГIачи гъовулъ ккаралъул,

 КъотIной гIодой ккеялъул , Дица бицун букIинчIищ?.
 Жеги- жеги сверила гьаб свериялдеги нилъ,
 Сапарал гIемерал, рукIина цадахъ.
 Газикил паркалда тIамила бахча,

 ГIурухъ хIухь бахъизе чадирал чIвала.
 Херазе гIумроялъ хинкIал гьарулеб,
 Кафе базабила МалахIмидаги.
 Волейбол  хIазе бакI кIодо гьабеян,
 
Хъван кагъат битIила Кавказазухъе,
 ХIалтIи чIалгIун  бугин пенсия кьеян,
 Гьиматги вахъана цеве кIалъазе.
Халидшаевазда абизе буго заводалъул ищал тIуразареян.
 
 Росу кIалгIа гIадин  сверун къайилан,
КIалъазе чи витIила, Пирбудаговаздаги.
 ЦIоко-къехьалъул хIалтIи чIалгIун батанани,
 Дуда гIакIа нижеца цIаназул рехъен лъола.
 
Инсул гьудулзабазул цIарал руго дихъе кьун,
Расулил МухIамадги кIочон тезе вахъана.
ГIурухъ чугIби лъедезе, ЦIцIамул хъапаз сверун къан.
Си базе тIад къан буго , Халипаевздаги.
 
Хурул ахил хIалтIаби ТIуразе гьарейилан,
Гьари буго росдалго, Нужеде Салимовал.
Мерседес цIейилан нуха ратидал,
БахIарчил ГIалиде саламги буго,
 
ХIажимухIамадица, Нилъее кьурал дарсал.
КъваригIуна щивасе хIанчIий куркьбал кинигин.
Гьесде данде  чIчIарав чи хIукму гьабулеб буго.
Алай булай гьечIого, Килалъехун къотIизе,

РехсечIого хутIарал мекъи бихьун лъугьунге.
 ХвечIого нилъ хутIани, Финалалда рихьила.      


Рецензии