ГIадада дун хвелилан хивал буго дир рекIел

ХIарщулъе бортани тIегь,
ТIолгояца мерхьуна.
Берцинлъиги лъикIлъиги,
 Лъидаго бихьуларо.

 Бекани цIорол тIагIел,
 ГIадамас босуларо.
 ГIадада дун хвелилан,
 Хивал буго дир рекIел.
 


 ГIоркьилазул харбие,
 Чанги ясал чучана.
 Чияца квер хъвалалде
 Кин дихъ валагьуларе.
 

 ГIадамазул мац!цIица,
Меседилги нур суна
Дидехун кьурун вусса
Кьенсер берцинав гьудул


 


Рецензии