Уходя уходи

ГIадан гьечIеб рокъой дунго хутIидал,
 БичIчIула дидани гIумродул кьогIлъи.
 Дуца нуцIа къайдал  дир магIил гьаракь ,
 Сверухълъиялдаго   жаниб  багъула.

Мун нахъ вуссун вачIун дир магIо бацIцIун,
 ХIалихьалъугеян хIел хIедула дий.
 Карандеги ячун къвакIун чIчIайилан,
 ХIеренаб каламалъ щурула дида.

Дир гIайиб гьечIилан гьаб къадаралда,
 ЯхI бахъун хьвадеян кьола дий гIакъло.
 Хъизан бихилаан рокьуе гIолон,
 ГIисинал дир тIанчIи кинан рукIинел?

Руссен хисилаан мугIрузул гIанса,
 ГIадамаца диде гIайиб чIваларищ.
 Мун Аминат гуро дир гъалбацI йиго,
 Зобалги ракьалги гъугъазарулей,

 Мун мугIрул яс гуро ХIурулгIин йиго.
 дир хIал бихьиялъе тIаде тIамурай!
 Къаси бугеб сордо нилъее буго,
 Нилъей кIиязего гIахьалаб буго.

 Мун гьечIого дунял, МоцI гьечIого зоб.
Анищалъ щущалеб щиб кканигиян. 
Рокьул тIагIам гьечIо, гьалъул кьер гьечIо.
Рокьуй гIорцIи гьечIо, ГIаданлъи гьечIо.

 Рокьуца рухIула бидурихьалги,
 Рокьуца рукьбазда тIад гьан бакъвала.   


Рецензии