Щетlанцин хlинкъула гьекъарасухъа

Цо, мехтарав чиясда, къасе кватlараб мехалъ,
Рукъове вачlунаго чlван буго данде щветlан.
Гьалда гьас гьикъун буго лъурдул киса дуеян?
Хъизан свердунищ щварал? Яги щалгойищ гlурал?

 
Щветlаналъ абун буго, питна къваригlун гьечlин,
Цеве балагьун дурго унелъуве айилан.
Мехтарасул ботlроде тlураби рачlун руго,
Тlилица бухичlого жаваб къуян чlун вуго.

 
Дирго нухалъ унеб дун, теларилан мун чlани,
Тухум-къибилги ахlун кьула дуе гlазабал.
Цим бахъарав мехтарас такрар гьабуна жеги,
Лъурдул щвараб бакl дуца щай бицунаребилан?

 
Гьаб балгьго щиб гьарин, къасе диде бачlараб?
Къасд гьабуна щветlаналъ, щиб гьабунги лъугlизе,
Мехтарав тlирхъун чlана, тlуризе бакl биччачlо,
Тlаде-тlадегlанги къан, хъахlан ккуна цояб хъар.

 
Лъикl теркlана кlиялго, кlвечlо тlокlалъ рагьизе,
Ракълие къотlиги ккун къана рагьуде каву.
Мехтарас щветlаналда щурана гlиндекъулун,
Шиша кодоб гьечlого чlваге мун дида данде.

magomedia.ru


Рецензии