Чlегlераб горде

Екьулелъ бачlараб чlегlераб горде,
Чlалгlинегlан дица ретlизе буго.
Дие хlелулейда, хlила-макродай,
Кинан батаниги тана диего.

 
Бакъул чlорал чlвани чlегlер гордица,
Чlчlурхlула гьаб дир черх чара хвезегlан.
Гьедин бугониги чlегlераб горде,
Чlалгlинегlан дица ретlизе буго.

 
Намус-яхl цlикlкlарав бихьинчиясда,
Бихьулареб жо щиб, гьаб дуниялда?
Гьанже гьеб eкьулелъ дие бачlараб,
Чlегlераб гордида дун рази гьечlо.

 
Ана гlемер заман, дун хун хадубги,
Хивалалъ, пикрабалъ, хутlана гьудул,
Амма гьелъ бачlараб чlегlераб горде,
Чlобогояб рукъоб хъеда бан буго.

magomedia.ru


Рецензии