Гьанжесеб рокьи

Дир рокьи карав вас Мерседес вуго,
Берал берцинав дир гlарцул къандалъо.
Гьесдаса ёххун дун банкалда кlалтlа,
Бакъинегlан чlола гьев вачlинегlан.

 
Вай дир рокьул лачен! Нечарав доллар,
Духъ урхъун йиго дун, дир кепкал берцин.
Вачlа къасеги мун довго бакlалде,
Доларазул кагътал кисинирги лъун.

 
Дир беразул канлъи котеджалъул рукъ,
Кисаялъул кlалтlу гlатlидав гьудул.
Нилъергlадаб рокьи ракьалда гьечlо.
Касса берцинав, дир дару дарман.

 
Дица ахlила дуй хlеренал кучlдул,
Хlарщгlадин гlемераб гlарац лъеннегlан.
Гlодовеги виччан гlенекке мун дихъ,
Гlураб мехалъ дица довегlан цвилин.

magomedia.ru


Рецензии