Назму Г! исаев Г! умарасх! абиде
ГIумарасхIаб дуца берал къанщидал.
Кваналеб квеналда тIагIам гьечIилан,
Чадил кесек бекун вахъуна нахъе.
Мун вукъун вачIараб бухIаяб сордо,
Сири бан рогьана гьасни черхалда.
Чаранлъун чIчIараб ракI биунеб бугин,
Бераздаса магIо бачIана чвахун.
РитIухълъиялдаса тIекълъи гIемераб ,
ГIумро бугинилан вукIуна дида.
Дуца макьуги тун цIалдарал сардал,
РакIалда къан ругин вуго бицунев.
ТIокIав дур сверуде сверседиларин,
Москваялде ининин вуго гаргалев.
Бищун къвакIарасги къо рехханилан,
МахIачхъала жиндий бокьан гурилан.
БачIунеб мехалда рагIун букIанин,
Кинабниги балагь цадахъ рещтIунин.
Исанасеб гьаб сон жиндий гурилан,
Къо мехги лъикI гьабун ана валагьун.
Свидетельство о публикации №113052503521