Къоролай
Цойги батIаялда букIунаребин.
Кидаго цо хIалалъ чиги толарин,
ТалихI къарал гурел къороллъуларин.
Къоролзабийилан нуж гаргадуге,
Къиматалда чIчIарал къоролалги лъикI.
Къулизе росазул бутIрулги гьарун,
КъватIазда сверулел гIолилаздаса.
Нуж кин кIалъаниги къоролзабаца,
Жидерго къаркъала къамартIго ккола.
Къадарал шиназул рагIи хIехьола.
ХIухь къотIун рукIине сабурги гIола.
Дида кIочонаро чIухIараб кьибил,
Кьолбода тIанкI лъечIеб дирго гIагарлъи.
ГIун вачIунев вугев дирго тIулил вац.
ТIагъур борхун лъурав хирияв эмен.
Свидетельство о публикации №113052502350