Встретил случайно любимую
Шагьри моцIан ккана данде кколаго
Вокьулев данд ч!вана дида тохлъукье,
Дир чара хвеялъе чи гьечIеб къот!но.
Чияда кIалъалеб пасихIаб дир мацI,
Гьудул данде ккедал цIорон хутIана.
Лъиего гьимичIел гьайбатал берал,
ГIодоре руссана гьай вас вихьидал .
Гьабго щиб хIикмалъи хIал кIолев Аллагь,
Гьадас лъураб рухIищ дир чорхолъ бугеб.
Чан вас кIалъаниги тIуркIулареб ракI,
ТIанкIан ч!езабулин цох!о лах!заталъ
Свидетельство о публикации №113052502240