Киналго салам нужей

Дун кочIохъан гурейги,
МугIрул гIолил яс йиго.
МугIрузда роржен гьабун ,
 ГIатIиракьалда чIчIолей.

 

КIваричIо чIалгIун буго,
Гьеб дур бицунеб хабар.
 Даим мун витIун вуго,
 ТIекъайлъун дун йикIина.

 Чидар рагIаби рикъун,
КъватIий яхъун йигилан.
ТIегь гIадинаб дир хIасрат,
ХIабургъине гьабуге.

 ГIун бачIунеб гIелалъе,
 Тарбия кьун чIалгIарай.
 Машгьурлъизе поэтлъун,
 Анищазда йигей дир.


Рецензии