На понтах

Вакъварав ватила гьаб дунялалда,
 ХIухьел цIцIазе дие биччаларилан.
 Азар кьерал ясал карандеги къан,
 Кеп босилин абун гьаб гIумроялъул.

 Вакъварасул гIумро гIадада хвана,
 ГIадалаб букIана гьесул лъугьенго.
 Вакъварасул рокьи кинго тIегьачIо,
 Маргьабалъ гIадинаб букIана къисмат.

 Вакъварасул хIалтIул хIасилго ккечIо,
 ХIакимлъи чиналъул хутIана бицен.
 Вакъварасе дунял данде билъинчIо,
 Хачадилев вуго жегиги харги.


Рецензии