Хава Газахова

РакIалъул къварилъи къватIиб гьурщизе,
  Мах1муд къваригIарай Муи дун гуро.
 Каранлъ бугеб рокьул бицун кIалъазе,
 Къайис къваригIарай Лейлаги гуро.

 Дунялго гвангъизе бакълъун къалъарай,
 Ромиохъ рухI кьурай Джульета гуро.
Цоцахъа цоцахъе ирсалъе кьурай,
 Ханикаги гуро Мазгаруласул

 Дун йиго вас Х1ава Къобохъчолиса
 МугIрузда гIоразда ханлъи гьабурай.
 Ралъадалда гуми лъедезарурай,
Берцинал васазул ракIал рахъарай.


Рецензии