Во время предков

Бертабалъ тIармида макъналги рачун,
 КIутIун гьоцIабахъе халкъги бакIарун.
Берцин йихьаралъул кочIолъ цIар ахIун,
 БукIинчIищ умумуз рокьи гьабулеб.

 Ясаз килищ битIун цIар чIвананани,
 ХIалалаб магьари лъолеб букIинчIищ.
 Васаз ботIродаса кIаз бахъанани,
 Ячине кколаан цебе заманалъ. 

Ракуда кан бакун гваяби гьарун,
Цоцахъе тIилги кьун гьабураб рокьи.
 МагIарде гьинчIида хадурги хьвадун,
 Хивалаз толарел халатал сардал.

 Нилъер умумузул чарухъал хисун,
 Чакмаби ретIана гIолохъабаца.
Хъалималъе кьолеб хъабало горде,
 ГIолилал ясаца бахъун рехана.

               Поет:   ( Расул Омаров)


Рецензии