Я спешу

Исана бачIараб сон дур гурилан,
 Сири базабуна дир гьал лугбазда.
 Данде ккей лъугьине щибго гьечIилан,
ЦIакъ чIухIун кIалъана дида гIолилав.

ГIарацги къваригIун къватIи рахъарал,
 Чанги гIолил ясал гIадаллъанилан.
 МегIер гIалахалда гIун ячIарай мун,
 Къабул гьаюларин гьаб гIатIиракьалъ.

 Бице ле гIолилав мун киса кколев,
Дуй дида абизе щиб бокьун бугеб?
Мун кин кIалъаниги маг!арул ясаз,
Жиндирго къаркъала къамартIго ккола.

 ГIарацги къваригIун къватIи рахъарал,
Чанги мун гIадинав къанабалъ лъуна.
Инсул росо кIочон кепкихъ чучарал,
Чанги гIолил васаз тана дуниял.

Нилъ кир ругониги иман бугони,
 Унтулареб гури карандаса ракI.
 ГIарцуд ракъаниги къватIир рахъинчIел,
 Ракъуца холаро ияхI бугони.

Иман бугелъубе ияхI бачIуна,
ИяхI батаралъуб сабурги чIчIола.
Сабуралъул магIна дуда рагIичIищ,
 Алжаналъул кIулин кIодо гьабураб.

 ГIолилав баркала дуй гIакълоялъухъ,
 Хъван тела босила тарихалдеги.
РакI хIалакун буго дун ине ккола,
 Бегьулеб батани ккоге дие нух.


Рецензии