Мун Гьидерил Гъалбац1

Вай дир кьибилалда шигIраби хъвалел,
Умумулги гьечIо кин ургъаниги.
Цоцахъа цоцахъе ирсалъе кьурал
Саринал ратичIо кин геланиги.

Зодихъ гьаваялда гвангъараб бакъалъ
Маг!арул васасде салам бит!ула
Парсазда хьухьараб нак!к!ул гьогьеналъ
Чилъи намусалъе сарин ах!ула.

Шамиль районалъул  мугъ ч1валеб кьуру,
ГIасрудал тIехьалъул тIоцебесеб мухъ.
Нилъер мугIруз, гIораз, кьурабаз, сиртаз,
Мух1амад Алхасов дур ц1ц1ар ах1ула.

Дуниял къалъараб къо бец!лъаниги
Къот!иларо канлъи муг1рул васасул,
Эбел Ват!аналъул талих!алъул хат!
Тарихалда хъвалев дир район цояв.

Хабар бокьараца бокьахъе бице,
Гьидерил цо гъалбац1 коч1олъ рехсана .
ДагIба батанани раккизе рилъа,
Ц1умал роржанхъулеб нижер ракьалде!


Рецензии