Назму Шейху Саиду Афанди къ. с

Дунялго къалъараб къилбаялъул цIва,
Къанщун ратиларо дуца гьел берал.
 ГIаламго урхъараб берцинаб гьаракь.
 ЛъугIун батиларо унго дур хIухьел.

Жакъа гьаб къоялъулъ хIикмат букIана,
 РахIат хун рукIана дур муридзаби.
Бицине кIолареб бицун лъалареб,
 БатIияб цо асар каранлъ багъулеб.

 ЧIикIасан баккараб чамасдакIил гъветI,
 Гьаб Дагъистаналде гъенон бахъинчIеб.
Гъабу меседилаб бахьинаб цIибил,
 ЦIоралъул ракьалде кьалбал риччараб.

 РекIелъе кIудияб асарги рехун,
Дуца ниж куцана керен ракI унтун.
 Гьеб кIочон течIого заман аниги,
Гьале ниж жакъаги гIодулел руго.

 КIудияс малъараб гIелму босарал,
Абадияб рокъор къварилъиларо.
СагIид Афандияс тIолго хIеренлъи,
 Бикьана щивасе барахщичIого..


Рецензии