Закинули

Дун хIинкъун йикIана духъе ячIине,
Дир рекIелъе жанив  мун лъугьинилан.
 Нечонги йикIана магIарул намус,
 БацIадго цIунизе кIвеларин абун.

 Гъоркьгоги чурхъарал чалухал лугбал,
 Балай бергьанани ракъван инари.
 ГIодун свакан ругел сабурал берал,
 Дуде руссанани канлъи свинари.

 Кванин тIагIам гьечIо макьил кеп хвана,
 Холей анийищан ккола мех-мехалъ.
 Къаси сордо гуро яхъун къо гуро.
 Мун гьечIого гьудул бажаруларо.


Рецензии