Посвященно Брату

Къоло анлъабилеб январь бачIиндал,
 Мун гIун вачIунеблъи бичIчIула дида.
 МухIамадгIали дуда бер чIвайдал,
НатIица дир лага цIцIикIкIун бачIуна.

 Бищун гIадамасул гIумродул завал,
 Къойилъ  букIунилан рагIун букIана.
Чорхолъ би гьалдолеб гьунар цIикIкIараб,
 ГIужде мун вахиндал йоххун йиго дун.

 Инсул ракI чучизе чи гьечIин абун,
 Гьарараб къабуллъун лъуна дуда рухI.
 Нилъер эбелалъул анищ тIубазе,
 Гьардарав Аллагьас кьуна мун гьелъий.

 Зодор ругел цIваби моцI баккилалде,
 Янгъизго  рукIуна кунчIи гьечIого.
Дур щуяйго яцги мун гьавизегIан,
 Гьединго рукIана берзул нурги ссун.

 Мун Макъсудовазул насло бахъине,
МугIрул бислъун вуго ракьалде виччан.
Нилъер тухумалъе нухмалъиялъе,
ГIураб къуват буго дур чорхолъ лъугьун...


Рецензии