Семья

МухIаммад Макъсудов- мугIрул бихьинчи,
 Дилъ гIаданлъи намус дуца куцана.
Дие гIоло дуца къалам кодоб ккун,
Чан хасалил сордо борчIун батилеб.

 Дулъ хIинкъи букIинчIо, мун нахъе къачIо,
 Мекъалда тIекъалда тIадги рекъечIо.
 Дилъ гIадло куцана, Сайгьанат,дуца,
 Дун борхалъиялде яхинаюна.

ПатIимат ,Манарша цинги Гулишат.
Росуго гвангъарал дир тIулил яцал.
Хадижат цIар берцин цIцIоралъул бика,
Кинаб рахъги рехсон дуе кечI хъвалеб?

 БецIаб гьаб дуниял дие гвангъизе,
 Къудратав Аллагьас дуда рухI лъуна.
Мун, МухIамадгIали, васазулъ берцин,
 БачIунгеги диде мун гьечIеб къоги.

 БукIина замана, рачIина къоял,
Жеги нилъер къавулъ чирахъ къалъулеб.
 Къо хIехьела  дица дуниялалда,
 Дидаги рижила йоржине куркьбал.   


Рецензии