Мужчины все козлы

Бихьинчийин абураб рагIуе мустахIикъав,
 Цониги ватанани вачIа гьудул цевегIан.
 Ясал гIемер ругилан нуж гIергIедулел щайзе?
Щибизе гьеб хасият хисизе биччан бугеб.

 Ахир замана лъидал гьадин букIине гьечIищ?
 Зобалазде роржунге гIодоса цере хьваде.
 Нуж чанаре рахъунге чидар ясал жалго те,
 КIи-кIи лъаблъа чIужугун, цIакъ чIухIунги хьвадуге!

 Дун хьихьулей ячинин, цIцIекIал харбал рицунге,
 Жа-гIаракъи гьекъоге, хъалиянги жибго те.
 Мина бугей дойгIан те, даран боххизе гьечIин,
 Мерседес рекIарайги гогьдаризе лъугьунин.

 Рокьуде нуцIцIаги къай кечI бакъанги ахIуге,
 РикIкIун кьурал къоялги къадруялда цIунун чIчIа.
 Кагътиде чучунилан диде гIайибги чIваге,
Дагьал рагIаби хъванин дунги къварид гьаюге.


Рецензии