В мечтах ты мой

 Анищазулъ гурев дирлъун ватичIев,
Дие тIамуралда макъан бачинищ.
 КъватIибе гьурщизе хIинкъараб балай,
 Дица кочIолъ рехсон загьир гьабилищ?

 Нилъ цоцазда лъалел чанго сон буго,
 Мун кидаго гIадин тIегьалев вуго.
 АскIов гьечIониги гьинал рекIеца,
 Мун кидаго гIадин цIехолев вуго.

 Дида гьал рагIаби лъазе рукIинчIо,
Дир каранда рокьи букIинчIеб ани.
 Дица гьал кучIдулги хъвазе рукIинчIо,
ВукIинчIев ани мун гьаб ракьалда тIад.
 
Нилъ данд чIвараб къоялъ тIадеги къулун,
 Аминат дир тIегьан вук1уна дида.
 Къоло микьго соналъ къвакIун букIараб,
 Дир гьинал рекIеде балагь бачIана.
 
Йокьун ятичIони йигин абуге,
Ячине гьечIей дий гьерсал рицунге.
Рокьи гьеб ракьалда къадар хъвай буго,
 Къадар гIумроялъе талихI кьей буго.

 Каранлъ рокьи бугес гIумро гьабула,
 ГIодизе беразда маг!о бач!уна.
Коч!ой гьаракь бугес макъан т!амула
Дунял раг!алалде раг!еян абе...

Унго-унголъунги хивал гьабуни,
 Пайда гьечIеб жоха бугеб дуниял,
 КучIдулги чIалгIана мунги рихана,
 Рокьуларо дие барщарал чагIи.

 Гьал щинал гьал сонал дир гIумроялъул,
 Мун сабаблъун гурищ гIадада хварал,
 Берцинал къоялги къаси сардалги,
 Дур пикрабалъ гурищ дица рогьарал.

 Кинаб баллагь дица дуе гьабураб,
 ГьадигIанго дир ракI къварид гьабизе.
 Къиматав гьудулан кIодо гьавурав,
 Дудагийищ лъалеб хIилагун макро.

Гьанже цойги гIумро дий кьолеб ани,
 Дица мун рекIелъе виччалароан.
 Жеги арал сонал руссунел ани,
 Мунгун данд чIвараб къо гъорлъа реххизе.


Рецензии