во время Имама шамиля женщины бросались со скал
Чодул кьолонир жал эхетун ч!ч!арал.
Шамил Имамасул заманаялъго
Жидеца хвалчаби къват!ир рахъарал
Къо бух!араб баллагь т!аде бач!индал,
Кьурса г!одор к!анц!ун къадру ц!унарал.
Х!ал ккани рортулел росдай ратулел,
Ратуларо ясал Г1ещдерил г1адал.
Ясалазда гьоркьор жавгьар г1адинал!
Г!арцул баргъичалда наг!ли г!адинал.
Маулх!аяталъул х!орихъ чвердолеб,
Х!анч!азда релъуна цо цо гьел дида!
Чвахулеб гIоралда тIасан бугеб кьо,
Нужеца гуребищ къалъизабураб.
Лъаралги иццалги лъоб Ах1улгох1ги,
Нужер малъиялищ къалъун бук1унеб.
Нилъ рокьуларелги гьимулел руго,
Реххелги гIодиги жуба-гъубайдал.
Жаниб керен бухIун хIасраталъул цIа,
Г1ищкъоги жах1даги гьалдодеб буго.
Свидетельство о публикации №113042308264