Моя родина з

МахIачхъалаялъул гIатIидал къватIал,
 Къварилъула дие мун цебе чIчIедал.
МугIрузул тIогьазда кьурул рачел къан,
 Бугеб дир Гьандихъ щола рак1алде.

 Хъазаралда ругел гIурулаз гIадин,
 Ралъдал карачелаз дий кеп кьоларо.
 ГIандаригун, гIасалъ, тIалул гьоцIаби.
 ЦIороицда ГIарукь рачIуна цере

 Гьазул ясалазда дун рази гьечIо,
 Къарал нилъер чохтIал берцин рукIуна.
 Хьвада-чIвади дица бецулеб гьечIо,
 ХIалтIулей хурийго лъикIилан ккола.

 Рии бачIарабго чIахI бижарабго,
 ЧIалгIаде ячIина дун духъе щвезе.
 Керен чучиялъе тирананиги,
 Шагьаралъухъ дица мун хисуларо.


Рецензии