Апрель

Апрелалъ тIегьала киналго гъутIби,
 Апрелалъ баккула тIоцебесеб тIегь.
 Апрелалъ рачIуна тIад руссун хIанчIи,
 Апрелалъ гьарула берцинал ясал.

 Апрелалъ ихдаде рагьула каву,
 Апрелалъ цIилъула рекIел хиялал.
 Апрелалъ щенола тIоцебесеб цIад,
 Апрелалъ магIарухъ рекьула хурзал.

 Апрелалъ бухьуна рикIкIаде сапар,
 Апрелалъ каранда рокьул цIа лъола.
 Апрелалъ каленьдар нухда бачуна,
 Апрелалъ кинабго гвангъизабула.

 Апрелалъ кунч!ана Ч!арада цо ц!ва,
 ДИНАРА гьаюна муг!рузул г!анса.
 Апрелалъ баккана  Гьандихъеги бакъ,
 АМИНАТИДА рух! лъуна Аллагьас.

 


Рецензии