Автобиография Аминат Максудовой

Аминат Максудова: литературный дневник

Аминат Макъсудова гьаюна 1983 соналъул 25 октябралда Шамиль районалъул Гьандихъ росулъ. АнцIила цо класс школалдаги лъугIизе гьабун цIализе лъугьана Буйнакс шагьаралда бугеб педколледжалде. Гьелдаса хадуб лъугIизе гьабуна Дагъистаналъул халкъияб магIишаталъул институталъул бухгалтерал хIадурулеб факультет. Хадуйги цIализе лъугьана гьебго институталъул юридикияб факультеталде. 2002 соналдаса-2011 соналде щвезегIан хIалтIана Гьандихъ гьоркьохъеб школалда учительницалъун. Бихьизабуна жиндир хIалтIуде бугеб рокьи ва гьунар. Жакъасеб къоялъ хIалтIулей йиго Уфссп... Аминатил лъимерлъудаго рокьи букIана адабияталде. Гьалъ гIемер цIалулаан магIарулги гIурусги шагIирзабазул хъвадарухъаназулги тIахьал. Гьалъул кучIдул рахъула "Цолъи" газеталда ,"Вацлъиялъул каламалда"," Миллаталда" ва "ХIакъикъаталда". Гумбет районалъул МухIамад ХIасановичасул спонсорлъиялда гъоркь хъвана. " ЧIиркъатIа нижер чIухIи абураб тIехь"... В. Гь.ц



Другие статьи в литературном дневнике:

  • 03.05.2013. Автобиография Аминат Максудовой