ЯЧЕ ДУН ДУЦА

Духъе хъвараб кагъат кисинибги лъун,
Кидадай вихьила, хьулазда йиго?
Хьвадизе гьаюге чlалгlаде дуца,
Чlалгlинегурин мун ригьилго дида.

 
Гlаде бахун щвараб гlоргlадаб рокьи,
Гlоларогойищ мун дунгун барщулеб?
Гlищкъу бергьарасул бер цебе кколин,
Бегьараб квер босе кватlизе гурин.

 
Дур каранда цlа-кан бакунищ гьечlеб?
Дудехун цlараб рахъ цlорон бугин дир,
Бухlараб дир хlухьел чlваларищ дуда,
Чlаго мун ватани тоге дун гьадин.

 
Гьале регlичlо мун кьечlо дихъе квер,
Къурун бахъун ана духъ ккараб рокьи.
Берцинго гьуинаб хабарги бицун,
Хуна дида баргъич, балагьун мунгун.


Рецензии