Дир Дагъбаш

Магомедова Шахрузат Гусенгаджиев
Дир гьит1инаб ват1ан,муг1рузул бет1ер,
Т1абиг1ат берцинаб дир росу Дагъбаш!
Т1угьдузул т1ансалги сверухъе т1амун,
Мощрол гох1илъ бараб ,г1агараб т1алъи.

Муг1рузул т1арада ,кьурул раг1алда,
Т1огьол байдабаца,жаниб бачараб,
Г1азуялъул т1агъур т1асан бахъинч1еб,
Г1адало мег1ералъ ,салам кьола дуй.

Рогьалил хъах1лъиялъ хъах1ил зодисан,
Баккулеб бакъ г1аги гьимула дуе.
Маг1ардасан чвахун рач1унел г1ораз
Г1едег1ун унелъул,кеч1 ах1ула дуй.

Зодор т1угьдул г1адин кенч1олел ц1ваби,
ХЪархъайди х1оринир лъедолел руго.
Къваридал нак1к1алъа чвахулел ц1адаз
Т1олабго т1абиг1ат  т1егьалеб буго.

Кьурулъан чвахулеб,ц1орораб иццул,
Киг1ан гьекъаниги, г1орц1улареб лъим,
Гьуинал мах1азул х1ухьел ц1алелъул
Чорхол свак чучулеб ,т1адагьаб гьава.

Гьанир г1адамалги, муг1рулго г1адал,
Г1езе къо бихьарал,къвак1арал руго,
Гьобол ,гьудуласе рагьараб гьумер,
Гьава ц1ик1арасе,бихьинаб раг1и,
Берзукь рихьич1ого,х1ал бихьарасе,
Бахъараб ханжарги,букъараб зарги.

Бач1улеб г1елалъе г1умру гьабизе,
Г1ураб кьуч1 лъун буго г1олохъабаца.
Нухал къач1ан руго,кьоял ран руго
Кьейги нужей сахлъи росдал жамаг1ат1

Хваразул хабалги ч1унтизе теч1о,
Ч1унтун унеб росу ц1итурхун бана,
Нилъер уммузул ракьалги ц1унун,
Росу рехун теч1ел,баркала нужей.

Баракатаб,лъик1аб маг1ишат кьейги
Кьварарал,г1акълуял васал лъугьайги,
Гьайбатал,берцинал ясал гьарейги,
Иман, иях1 ц1унун,росдал ц1ар борхун,
Ц1алун г1алимзаби,г1емер рахъайги!
Берцинаб,рахьдал мац1 к1очонги тоге1

Рач1а т1ад маг1арухъ,х1алхьи гьабизе,
х1алт1ун свакаралъул,рах1ат босизе,
Маг1арул хинк1алгун,ц1ураб бакь кванан,
Дарудул хурдузул, чаял гьекъезе.