Хирияй эбелалъе

Магомедова Шахрузат Гусенгаджиев
ГЬит1инаб мехалда ,дида кколаан,
Киг1ан хехго эбел херлъун йигилан.
Щай гьей берцинаб рет1елги рет1ун
Нижги цадахъ рачун,сверуларилан?

Х1алт1ул рет1ел бахъун ,къижизе щвеч1ел,
Харил магьал раччун,мугъал гьет1арал,
Х1укуматалъ х1алт1ун,ц1око бахъарал,
Бах1арлъиго щвеч1ел,херал эбелал.

ГЬуинаб кваназе барахщунги тун,
Нилъее кьолаан,ращадги гьабун.
Берцинаб,рет1изе нахъадеги тун,
Нилъей босулаан,дунялги сверун.

Х1алт1удассан свакан,рокъоре шведал
ГЬабизе кколеб квен,чурулеб рет1ел,
Чаран хасалоги ц1езе кколеб лъим,
Бич1ун ц1улгун хадуб, бакулеб печка.

ЛЪимадул кинидахъ керен кьолаго,
Рогьизег1ан кьижун хут1унги ятун,
Свакараб черхалъе ,рах1ат щвеч1ого,
Хадуб кваналаго х1ан,чедги босун,
Х1алт1уда екерун ,унеб замана.

ГЬобол,гьудуласе,рагьараб каву,
Кидаго кьач1о,къасиги,къадги.
КЪварид гьаюниги,х1ал лъазе теч1о,
Г1умруялъ гьабуна,росасул хъатир.

ЛЪималазе г1оло гьабураб сабур,
Сабаблъун батайги,ахираталда.
Х1еренаб гьаракьалъ,гьабураб дуг1а,
Дарулъун батайги,нижер рак1азе.

КЪварилъабаз г1одоб къулараб бет1ер,
Бихьарабги х1ехьон,ругъмал ц1ураб рак1,
Маг1ил бералги ц1ун рогьарал сардал,
Сунареб ц1а буго бакун каранда.

Эмен вуго нилъер,рукъалъул х1уби
Щибаб къоялъ рокъов, вач1улев гьобол
Эбел йиго нилъер,бакъалъул канлъи,
Квачан рач1аралъул,нилъ хинлъизарулеб.

Хирияй,берцинай,х1еренай эбел!
Кьейги дуе сахлъи,кьейги дуй г1умру!
Ц1уне нужер улбул,къварид гьаруге,
Гьезул х1ат1икь буго,нилъее Алжан!