Улбузул рак1ал

Магомедова Шахрузат Гусенгаджиев
Рагъда васал ругел,улбузул рак1ал,
Махулдай гьарурал,чармилдай ругел.
Чара хвараб мехалъ,хасалил сардал
Сунареб ц1а рек1ун,киндай рогьулел.

Рак1алда рач1унел квешал хиялал,
Хабар лъикаб бицун,лъица чучилел.
Черхалда рек1араб баг1арараб ц1а,
Ц1алун дуг1агундай свине гьабулеб.

Телефоналъ ах1ун бач1инч1еб мехалъ,
Маг1ил ц1урал берал рац1ун хут1ула.
Рак1алда рач1унел квешал хиялаз,
Черхалда ц1а рек1ун юх1изаюла.

Чанги сордо бадиб батула рогьун
Толаро пикрабаз бусада егун.
Якъун кваназеян,квен цебе лъуни,
Кваназеги к1очон т1аде яхъула.

ГЬев вакъундай вугев,къечондай вугев,
КЪасиди кьижизе бугодай щолеб.
Ц1орораб дунялги,балеб г1азуги,
Г1азаб буго гьезда г1езе бихьулеб.

Рогьалил какги бан,кверал цере ккун,
Ч1аго хут1айилан,х1елун гьарула,
ГЬумер квер бац1адго,рокъове шваян
Щуябго какда нахъ гьарун хут1ула.

Чанги эбел йиго,хабалъ васги лъун,
Ц1ет1а т1ад лъимги т1ун,сабурги гьабун.
Рак1ал руго гьезул маг1ид рец1улел,
Хабалъ кьезе г1азаб бугодай хут1ун.

Чанги эбел йиго,вас хваравлъи лъан,
Хабалъ лъезе гьезул жанарза швеч1ел,
Щибги бицун гьезул рак1 бак1арилеб,
ЛЪица гьезул ургъел т1асан босилеб.

Хабалъ лъезе щварал,садакъа кьурал
Хабада щваралъул,керен чучила
Чияр ракьалда т1адго хут1арал,
Г1олохъан васазе хобго щвеладай.

Гьаб дуниял хун буго,г1ассилъун буго,
Г1олохъаби рагъда гъурулел руго
Рагьун кавугун,рокъобе щвараб
Кидадай лъугьилеб ах1ич1еб гьаб рагъ!