Муг1рузул ц1умал

Магомедова Шахрузат Гусенгаджиев
Дир г1агараб т1алъи,му1рузул улка
Т1абиг1ат берцинаб дир, ракь Дагъистан.
Дур васазул кьвари, гьезул лебаллъи,
Цебегосан нахъе мисал лъун буго.

Дунялго квегъарв Надир шахасул
Бащадаб бо гьаниб ракьулъ бахчана,
Г1емерал улкаби асир гьавурав
Тимурил къокъаби къанабакь лъуна.

Къоло шуго соналъ,г1урус ханасда
Имам Шамилица рагъ данде бана,
Шамиль Дагъистани,диналъул х1уби,
Наслаби ч1ух1изе ц1ар гьесда лъуна.

Ват1анияб рагъда камурал васал
Расулица зодихъ рахъинаруна,
ГЬезул къокъабигун,къо лъик1ги гьабун,
Куч1дузул куркьбал гъун,хадув воржана.

Бах1арзаби нилъер г1емерал руго
Иях1, намус ц1унун,ц1адулаб рагъда
Бергьенлъаби жеги церехун руго
Ц1арал гьезул хъвала,нилъер рак1азда.

Дагъистан ч1ух1арал,муг1рузул ц1умал,
Ц1умах1ал ругилан ц1ар лъезе ч1оге,
Ч1вазе вачунелъул"Х1алт1еян вацал"
Васигат гьабурав вас  нилъер вуго.

Воре, муг1рул васал,х1ал лъазе тоге
Х1алихьалъи нилъер бидулъго гьеч1ин,
Бандерабаз асир гьавулев мехалъ,
ГЬудулзабазе рух1 бичарав вас лъил?

Нилъер цолъиялъе ракьаги рехун,
Рат1а гьаризеян г1емер х1алт1ана
Асир гьаризеян ,рак1алда ккарал,
Нилъ кверде росизе,г1емер къеркьана.

Хиянатал хьулал ругезда рекъон
Махсараде кквезе вореги ч1оге!
Тушбабаз рицунел ,гьерсазда рекъон
ГЬудуллъи,гьоболлъи рехунги тоге!

Нилъ киналго руго Дагъистаниял
Маг1арулал,лакцал,табасараниял,
Даргинал,лезгинал,лъараг1ал васал
ЛЪеберго бат1ияб милаталъул халкъ,
АЛЛАГЬАС ц1унараб ,баркаталъул ракъ!