моя

Аминат Максудова
Цебе умумуззул аби бук1ана,
Берцинлъи бикъулин ясал гьаридал.

Дур берал щибизе хъах1илал ругел?
Хъах1илаб-хъах1илаб зобалдасаги…
Дуца эбелалъул ирс щай босич1еб?
Мун бабул берада рекъеч1огойищ?

Баргъичалда наг1ли хъах1илаб лъола,
Хъах1илаб рекъола ч1вараб касинка.
Хъах1аб набликалда накъищ рекъола,
Гьедиг1ан рекъана бабу дида ал!

Маул х1аяталъул х1орихъ чвердолеб,
Х1анч1ида релъуна дида Хадиджа!
Т1асан гьаваялда свери бахъулеб,
Лаченилан ккола дида мех- мехалъ.

Дица ц1алеб х1ухьел цо дуе буго!
Мун бабал беразе канлъилъун йиго!
Базе хъван батаги дуца  нусго сон,
Т1убаги дур рек1ел к1удияб анищ!