Лъик щвараб ц ияб сон

Саид Ордашов
Лъик; щвараб ц;ияб сон, ц;ар бугъил щвараб,
Ц;иял бергьенлъабаз бечед гьареяб!
Бичасул рах;матаз рагьаби ц;еяб,
Рах;му-гурх;елазул гох;ал решт;аяб !

Лъик; щвараб г;асругун г;ел бащадаб сон,
Г;аданлъи, г;адиллъи г;ураб батаяб !
Г;ат;илъаби ц;ик;к;ун  г;алам бохаяб,
Г;адамазул рак;ал рази гьареяб !

Решт;аха гьоболлъухъ, гьабилин къабул,
Къарарлъун халкъалъе хайрат дур щваяб.
Хат;а-балагьазул хараблъудаса,
Хвасарлъизаризе решт;ун батаяб !

Баркула квер бачун киназдаго мун,
Кидаго нилъ талих; камун тогеяб !
Кабасиялъулал хат;аби хисун,
Халкъалъе рохелгун решт;ун батаяб !

Барка ц;ияб лъаг;ел ц;валъун кунч;аяб,
Ц;адлъун баракатал чвахизареяб !
Биччанте гьабизе дуца халкъалъе хирияб сайгъатлъун сахлъи ва рохел !

Саг;ид Ордашов