Гуро гьев дие гьудул

Саид Ордашов
Бадибе гьоц;о т;инк;ун,
Гьодида ц;алал к;ут;ун,
К;игьумерлъи гьабулев
Гьев дие гьудул гуро.

Гьурмае хабар бицун,
Ххвалиего рецц гьабун,
Рихьдае хьвадулесул
Хьибил дица кколаро.

Бергьарасда къвал балев,
Къурасде мал хьваг;улев,
Макирасулгун дица
Гьудуллъи гьабуларо.

Гьабулеб цо бук;унев,
Бицунеб цоги бугев,
Царал г;амал бугесде
Г;агарде дун къаларо.

Г;адан х;акъир гьавулев,
Х;алихьалъи баччулев,
Х;амият бугесулгун
Х;ал дица бикьуларо.

Х;акъабалде данде ч;ун,
Даг;бадун гьедарулев,
Гьудулзаби гуккулев
Гуро гьев дие гьудул.

Бечедасе х;елулев,
Х;акимасе къулулев,
Къабих;аб г;амал бугев
Г;одосанго вокьич;о.

Биценалъулъ гьерсилав,
Гьабулелъулъ х;иллаяв,
Х;ая бичун чед кунев
Чи дие гьудул гуро.

Раг;уе хилиплъулев,
Харбие хисардулев,
Хияналъи гьабулев
Гьевги дий гьудул гуро.

Гьобол вокьуларевги
Гьудуллъун х;ажат гьеч;о,
Х;ал бикьизе к;вах;алав
К;варич;о гьалмагълъунцин.

Руччабазе лъедолев,
Лъадуе мут;иг;лъулев,
Мах;идуясулгун дир
Мах;цини рекъоларо.

Миллат ц;унуларевги
Ц;аларо рак;алъ т;аде,
Ц;аруе хьвадулесде
Хьваг;ун тола дица квер.

Гьереси-мац; рихарав,
Рит;ухъазе гьуинав,
Гьудуласе рух; кьолев,
Рух;иязе рак; кьолев,

Раг;уе чучуларев,
Чидае х;елуларев,
Х;илла-рек;к; жиндир гьеч;ев,
Гьев вуго дие гьудул.

2020 сон

САИД ОРДАШОВ