с днем рождения Джама

Аминат Максудова
Бит1изин  цо салам Петербургалде
Т1огьол квац1абазул Гъогъолъа т1ураб!
Билетищ босилеб таксийищ кквелеб?
Дун ц1унищ яч1иней мунищ яч1иней?

Апрелалъ ихдаде рагьула каву,
Апрелалъ ц1илъула рек1ел хиялал.
Апрелалъ каранда рокьул ц1а лъола,
Апрелалъ бухьуна рик1к1аде сапар.

Шамиль районалъул ях1 бугел ясал,
Ц1вабилъун кенч1ола кир ругониги.
Унтаразе кверал камилай тохтур,
Тана Джамилаца тарихалда ц1ар!