Баркула Асият мун гьаюраб къо

Аминат Максудова
Шарг1алда рекъараб г1амал гьабулей,
Булбул х1анч1ил г1адаб гьаракьги бугей.
Гьуинаб харбие махщелги щварай,
Малах1мил Асият ах1илищ дуй кеч1.

Иман Исламалъул мух1канаб бук1он,
Нижей киназего к1вар бугей гьудул.
Гьудул гьалмагъалъе сайигъаталъе,
Лъидасаго лъик1ай ясни йиго мун.

Бакълъадерил гегу Гъунисезул ц1ва,
Мун къородисезул мугъ ч1валеб кьуру.
Гьеч1о гьеч1о ясал Асият г1адал,
Маг1наги ц1ц1ик1к1арал ц1арги борхарал.