Цо ясалде

Джамал Магомедов
Муг1рул ахалъуде щун бач1унеб лъар,
 Кканищ дуда данде цо берцинай яс?
Щобазул каранда жемулеб гьури,
Гьаракьг1аги ч1вач1ищ дир йокьулелъул?
Я дур рагъиялде г1арцул ц1ад баяй
Ц1ияб г1умру анищ гьанже гьабизе
Гьабихъе ролъ байдал месед бач1аяй
Бач1унеб анищ къо мунгун дандч1вазе