Маг1аруласде

Джамал Магомедов
Дун маг1арулав вугин
Ч1ух1ун абулеб мехалъ,
Хасаб муг1рузул намус
Дуда цебе бач1унищ?
Умумузул ях1алъул
Бицун мун к1алъалаго
К1удияв инсул г1анса
Духъ балагьун гьимулищ?
Тушманасе къуркьич1ел
Бах1арзал рехсолаго
Рухьен гьез духъе кьураб
Кьурун гъежда батулищ?
Кьибил дур щулатабин
Шуршудулев мунги тун,
Гъоркьа бахъун чуги ун,
Чехьат1аде рехулищ?