Гьалмагъзаби камидал

Джамал Магомедов
Бит1ун т1егьараб г1умру,
Т1адбараб г1олохъанлъи,
Хъах1ил зобалги бец1лъун
Сардилъе бухьараб нух ...
Хиялалъ рогьараб къо,
Къалъуде бахинч1еб бакъ,
Бакъназда х1анч1иги тун
Къанщарал гьалмагъзаби.
Гьурмада релъиялъул
Лъалк1 хисич1ел бихьинал,
Бахьинал чурхдузулъа
Чурун араб ч1аголъи.
Лъимадул гьимиялъул
Гьуинлъи бихьилелде
Хьибил ракьалдаги цун
Цере тарал анищал... Аллагьасул къадаралъ
Къвал чи вихьун баларо,
Батила Гьесул х1укму-
Х1ал нилъеда лъалареб.
Бихьинчиясул маг1у
Беразулъ къанаг1атаб,
Рек1едаса т1инк1улеб,
Т1улалъ кьог1лъи бессулеб.
Босугеги Халикъас
Хабалъа гурх1алил нур,
Рах1муялъул кьоги лъун
Кьеги нух алжаналде.