Васасде васигат

Джамал Магомедов
Вач1а, дир вас, аск1ов, г1енекке инсухъ
Г1умруялъ бит1араб ругьел борхизе.
Г1одов ч1а дандвит1ун, валагье бадив
Берал къанщилелде васият хъвазе.
Хъах1аб т1амач г1адаб г1умруги божун,
Ракьалда тун вуго мун Т1адег1анас.
Гьесул амруялъул ас гьабич1они,
Алжан дуе щолеб гьеч1о къаг1ида.
Араб заман гуро - ц1ияб къо буго,
Къалмица т1анчида чороклъи хъваге .
Хъала бахъизеян цеве г1едег1ун,
Г1адлу хварал ишал нахъехун тоге.
Халкъалъул г1аданир берал ц1одорал-
Ц1ек1аб раг1удалъун рехсезе ч1оге.
Рихарас бачунеб кьалул чагъана
Кьурун рекъезабе ракълил коч1ое.
К1игъуждулъ борхараб ц1ох1о бот1рода
К1иго гьумералъе бак1 балагьуге,
Балагьалъ бач1ине ригь ц1ехоларин,
Ц1адуй мустах1икъаб раг1и г1одоб те.
Ц1аги лъимги -цебе, мун унеб нухда,
Нухлул бигьалъиялъ гуккизе ч1оге.
Гамач1 х1ат1икь бугеб нахъеги босун,
Божун т1аме гали х1акъаб рокъобе.