баркула муг1рул ц1ва мун гьаюраб къо

Аминат Максудова
Рищула раг1аби данде росула,
Дуе мустах1икъал кинго щоларо.
Гьарула куплетал хъвала гьал мухъал,
Дудейин  абизе дун ц1акъ нечола.
 
Дур гьунар махщелалъ х1айран гьарураз,
Ч1ег1ераб жах1дадол къуч1би ч1ехьола.
Гьеб дур борхалъуде рахине к1веч1ез,
К1иг1аркьелал мац1ц1аз загьро биччала.

Регьел х1алакиндал чабхилъа къват1иб,
Иццул лъим к1анц1ула зарун роц1ц1араб.
Рек1ел х1асраталда к1улал кин ралел,
Жаниб бахчун махщел кинан т1убалеб;

Мун г1идра т1егь йиго т1ад саву ккеч1еб,
Мун муг1рул милъиршо куркьбал г1едераб.
Роржен борхатго ккве пахрого хьваде,
Мун зодоб ц1ва йик1ин бихьизе гьабе

Бокьун буго дие мун гьаюраб къо,
Яс дуда баркизе квералги росун.
Гьаб дуниялалъул т1олалго т1угьдул
Т1ун росун киналго сайгъат гьаризе!