Заура Хабибулаева Бах1арал

Аминат Максудова
Жакъа рохалилаб къо,
Анищал т1уралеб къо.
К1иго рек1елаб к1ут1и,
Цоцалъе жубалеб къо.

Берцин йихьаралъул ц1ар,
Коч1олъе рехсолеб къо.
Зобалазда изно кьун ,
Къадар нужер хъвалеб къо

Махмаралъул хамица,
Къалъаги нужер г1умро.
Зурмилгун къолол гьаракь,
Кьурабазда багъаги.

Гьал г1урчинал муг1рузда,
Т1инк1ун аги хъах1ил зоб.
Зоб бакьулъан баг1ар-бакъ,
Баркаталъе гьимаги.

Припев.....