Ясай, щиб гьабилеб?

Сеймур Ханаев
Ясай, щиб гьабилеб?


ТIугьдузул бахчараб доб гIавлахъалда,
ГIагарай гьудул, мун дида дандчIвана;
Дуниял бахилаб доб ихдал къоялъ
Дуца жиб дуниял дий сайгъат кьуна.

Чанил гIадал, чIегIер берзул балагьи,
БосичIо чорхол рухI, лъукъун тана дун.
Жиб булбул асираб, яс, дур гьаракьалъ
Гьалдана дир керен, цIа гъуна дида.

Чанги ихал нахъ тун, хаселал нахъ тун,
Вуго дун жакъаги долго хIалазда.
Ясай, щиб гьабилеб гьаб дир рекIее,
Дуда къвал бай гуреб дару батани!

Зобалахъ бакъищ мун, бакъул нурищ мун,
Мун йихьун щай дида дунго кIочонев?
МагIарда тIегьищ мун, тIогьол махIищ мун,
Гьаб хIайранлъи киса дун кверде восун?

                22.02.2010 с./МахIачхъала