Мун гьечIого

Сеймур Ханаев
             Мун гьечIого…

Цеего йихьарай, рекIелъ цIа гъурай,
РекIей гIазаб буго мун гьечIолъиялъ.
Гьайбатай, берцинай, берал чалухай,
Чорхой хIалхьи гьечIо мун аралдаса.

ГIумрудул къадаралъ дихъа йосарай,
Дуниял щваниги дий щвезе гьечIей,
Щущалеб буго дир беразул магIо,
Дур битIараб кагътил хъахIаб тIанчида.

Санал рахъанагIан цIикIкIун йокьарай,
Йиго мун дир рекIелъ щибаб минуталъ.
Къоял нахъ танагIан дий хиралъарай,
Дир кIутIбузулъ даим цо дур цIар буго.

Ихдал къоялъ лъарай, бакъ гIадай гьудул,
ГIумрудул къварилъи мун цадахъ гьечIеб!
Их жеги бачIуна, бакъ гвангъун щола,
Щоларей мун йиго, ракIалъул къирал.

МоцI зодиб бахъула дий макьу гьечIо,
Бакъ цIидаса щола дий хIалхьи гьечIо,
Гьуин дур рагIабаз бер рагьарав дий,
Буго жагьандаман мунги гьечIого.